Отрывок стихотворения Османова Х.О. об истории аула Тунситли

Османов Хайбула Омарович

ТIунсикь росдал къиса (на аварском языке)

 

Рекъа мегIералъул ахаллъиялда

Бакъуй керен кьураб лабаллъиялда

Микьго колодасан данде гьабураб

Росу букIун буго ТIунсикьин абун.

 

ТIугьдуца рацарал харил сагаби,

Чабхъилъан раккарал цIорорал иццал

БацIцIадаб гьаваги, гьуинаб махIги

Огь, магIарул ВатIан, дир ТIунсикь росу.

 

ГIурччин хер гьарзаял рорхатал мугIрул

ГIи-боцIи кваназе санагIатаб бакI

Керчал махил рохьаз берцин гьабураб

ТIокIкIарал иццазул гIагараб ВатIан.

 

КIкIалахъан чвахулеб Чварчвари лъарал

РагIула рикIкIаде хъудулеб гьаракь,

Квараниса мучIдул, квегIиса рохьал

Рорхатал мугIрузул унго берцинлъи.

 

Ханзаби рукIинчIо, лагъзал рукIинчIо

Тушманас рахъизе хъулби рукIинчIо.

ГIи-боцIиги хьихьун, магIишат гьабун

ГIасраби ун руго нижер умумуз.

 

Дунялалъул каву дие рагьараб

Бакъ-моцIалъул канлъи дида бихьараб

ЦIорорал иццазул тIагIам босараб

Рорхатал мугIрузул гIагараб ВатIан.

 

Чварчвари лъаралъул рагIал ккун эхей

Сухъмахъ нух букIана росулъе щолеб

Гьеб нухлул рагIалда кьурулъ хъитIазда

Микьго кулиялъул рукъзал рукIана.

 

Умумузул ВатIан, тIадмагIаруллъи

Угьдула гьинал ракI мун ракIалде щун

МугIруз, кIкIалаз, парсаз берцин гьабураб

Гьеб буго дир ВатIан киве кканниги...

 

ТIабигIат берцинаб мугIрузул тIалъи

Дир гIагараб ВатIан, гIахьвалазул кIкIал,

ГIасиял кьураби гьалагал парсал,

Чундул тIад тирулел рорхатал мугIрул.

 
Категория: Аул Тунситли | Добавил: Abdyrahman (01.01.2020)
Просмотров: 1501 | Рейтинг: 4.5/2
Всего комментариев: 0